ТIолго Россиялда амнистия лъазабун хадуб тIоцебесеб иргаялда къватIире рачIине бегьула политикиял гIайибал гIунтIизарун туснахъ гьарулал, дагьаб гурони туснахъалъул болжал хутIичIел ва тIаса-масагояб такъсир гьабурал чагIиян лъазабулеб буго «Россияская газеталъ». Гьездаго цадахъ амнистиялда гъорлъе ккезе бегьула араб соналъул маялда Москваялда Болотная майданалда гьабураб митингалъул хIасилалда жанир тIамурал чагIи. Амма Шималияб Кавказалдаса туснахъ гьаруразда гьеб амнистия цIакъго дагьаб къадаралъ гурони хъатIизе гьечIилан рикIкIунеб буго «Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул нухмалъулев Олег Орловас. Гьесул рагIабазда рекъон, цохIо Кавказалда гуреб, тIубараб Россиялдаго гьеб амнистиялъул хIасилалда дагьал гурони чагIи къватIире рачIине гьечIо. «Улкаялдаго 700 азарго чи вуго туснахъалъур. Гьезул 4-5 азарго чи хола щибаб соналъ батIи-батIиял унтабаз унтун. Гьаб амнистиялъул хIасилалда къватIиве вачIине вуго гIаммаб къагIидаялъ 2 азаргогIан чи», - ян бицана Олег Орловас «Кавказский узел» сайталъе.
Гьесул рагIабазда рекъон, инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби Кавказалда рукIуна аслияб къагIидаялъ гьезда экстремизмалъул ва терроризмалъул гIайиал гIунтIизарун. Бокьарав политикияб гIайиб гIунтIизабуравцин чиясда тIаде терроризмгун экстремизм, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялъулъ гIахьаллъи гIадал кIудиял такъсирал тIадкъала. Гьелъ рес кьоларо амнистиялда рекъон гьединал чагIи къватIире рачине ялъуни диваналда жамгIиял халгьабулезул кумекалдалъун тамихIалдаса эркен гьаризе.
«Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул вакил ГIисаева Светланаца тасдикъ гьаруна Орловасул рагIаби. Гьелъ бицана жидер идараялде кумек гьарун рачIунин аслияб къагIидаялъ яргъид гIуцIаразе кумек гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулеб чагIи ва гьанжесеб амнистиялъ гьезие кумек гьабизе гьечIин.
Исаева Светлана: «Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде, аслияб къагIидаялъ туснахъалъув къазе бокьарав чиясда тIад къалеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун бухьен гьабунин, ярагъ батанин, кьвагьулел алатал гьарунин ва гьел гурел, терроризмалдагун экстремизмалда хурхарал гIайибал. Цо-цо мехалъ гьел киналго цадахъ гIунтIизарула, кивениги кьуризе рахъ гьечIеб къагIидаялъ. Цоялда рекъон гIайиб чIезабизе кIвечIони, цогидалда рекъон жанир лъола, гьелъул гIемерал соназ билълъанхъараб, цIех-рехалъул идарабазда лъалеб къагIида буго. Гьеле гьел гIайибал тIад ругев чи амнистиялде гъоркье кколаро ва гьесул киналгIаги ресал гьечIо заман щвелалдего туснахъалдаса ворчIизе. Политикиял гIайибал гIунтIизарурал чагIиги дида нилъер гьанир Кавказалда лъаларо, ругониги гьел жанир лъезе къваригIани нахъойги долго терроризмалъул гIайибал гIунтIизарула, гьелда рекъон жанир лъезе бигьа букIун. ГIиси-бикъинал гIайибал гIунтIизарулел чагIи абуни нижехъе цIакъ къанагIат гурони рачIунаро».
Россиялъул туснахъазда кавказалъулаздехун тIадеялдаса тIаде цIикIкIун рокьукълъи загьирлъулеб бугилан рикIкIунеб буго «Машр» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул нухмалъулев МухIамад Муцольговас. Гьесул рагIабазда рекъон, тIолгоулкаялда кавказалъулазда данде чIараб кампания унебгIан мехалъ туснахъалда ругел кавказалъулазул гIумру хашлъизе буго ва гьелъ тIадеги гIадамал Россиялъул пачалихъалда данде гьусулел руго. Кавказалъулазе амнистия гьабуни гьелъ бихьизабилаан пачалихъалъул къуват ва гьелдаго цадахъ ритIухълъи абун рикIкIунеб буго Муцольговас. Амнистия гIадал рахIмуялъул акциял гьаричIони туснахъалъ кинабгIаги тарбия кьезе гьечIо жанив тIамурасе, тIадеги пачалихъалде рокьукълъи бижазабиян бицана гьес.
«Мемориалалъул» баяназда рекъон, Кавказалдаги руго политикиял гIайибаздалъун туснахъ гьарурал. Югалъулаб ва Шималияб Кавказалъул федералияб округалдаса 7 гьенинав чи вугилан рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цунулез. Гьезда гъорлъ, «Правозащита» абураб идараялъул вакил Зарема Багьавудинова. Гьелда къуваталъул идарабаз гIунтIизабулеб буго яргъид гIуцIаразул къокъаялде инсан тункиялъул гIайиб.