ТІубараб Россиялдаго кколел миллиял тунка-гІусиязда хадуб халкъалъ гІемер ярагъ босизе байбихьулеб бугилан бицунеб буго «Комсомольская правда» газеталда. Макъалаялъул автор Куклев Сергейица хъвалеб буго жинца хал ккунин Москваялъул ярагъ бичулел тукабазда хадуб ва ярагъ босулезул гІемерисел рукІанин кавказалдаса чагІи. Гьединго гьеб макъалаялда бицунеб буго Москваялда гІумру гьабулев Дагъистаналдаса бизнесменас жиндир І3 сон барав васасе ярагъ босиялъул хІакъалъулъ. Бизнесменас жинца васасе ярагъ босиялъе гІиллалъун рикІкІунеб буго Москваялъул метроялда гІурусазул миллатчагІаз гьесие хІинкъаби кьей.
Москваялда цІалулев студент АхІмадхан ХІамидовас абулеб буго Москваялда унго-унгоги кавказалъулазе хІинкъи бугин ва гьединлъидал гІемерисез ярагъ босулеб бугин жалго жидецаго цІунизеян. Гьелъ кумекги гьабулеб буго цІунизе, щайгурелъул миллатчагІазда лъалеб бугин бокьарав кавказалъуласухъ ярагъ букІине рес бугеблъи ва гьел нахъе цІалел ругоян абуна АхІмадханица.
Дагъистаналдаса Россиялъул президентасухъ вакил МахІачев ХІажица «Комсомольская правда» газеталъе кьураб баяналда бицунеб буго дагъистанияз ярагъ босичІого рес гьечІин, щайгурелъул гьезие хІинкъи бугин Москваялда. «Гьаниб хІинкъи буго кавказиясеги, узбекасеги, таджикасеги. Щайгурелъул тІалъиялъ ва полициялъ букІине кколеб битІараб къимат кьолеб гьечІо радикалиял миллатчагІазе ва цоги миллиял экстремистазе. Дица рикІкІуна Москваялда ругел дагъистанияз битІун босулеб бугин ярагъ, жидее хІинкъи бугебгІан мехалъ гьезие тІокІаб гьабизе жо хутІулеб гьечІо»-абун бицунеб буго МахІачев ХІажица.
Журналист АхІмаднабиев АхІмаднабицаги рикІкІунеб буго Москваялда букІа, Дагъистаналда букІа, халкъалъ жидеего ярагъ босиялда жинца гІажаиблъи гьабуларин ва гьелъие гІиллаби ругин.
АхІмаднабиев АхІмаднаби: «Дагъистанияз ярагъ цадахъ босиялъулъ ва гьеб бичиялъулъ дида щибниги кІудияб гІажаиблъи бихьуларо. Гьеб буго щивав чиясда бихьизе жинда ярагъ тІад бан бугин, жиндаса хІинкъи бугин ва жиндир къадру гІодобегІан гьабизе лъугьарав чиясе хІинкъи бугин лъазабулеб гІадан балеб жо. Гьеб буго гІадатлъун билълъараб жоги.
КІиабилебги, Дагъистаналда перестройкаялъул заманалда тІоцебесеб иргаялда ярагъ босизе байбихьана криминалиял къокъабаз, хІакимзабаз, тІалъиялда бухьен бугел гІадамаз. Хадуб, гІадатиял дагъистанияз гьебги бихьун, тІалъиялъ, полициялъ ялъуни диваналъ жал цІунулел гьечІолъиги бихьун, байбихьана жидецаги ярагъ босизе.
Лъабабилебги, кколищ дагъистанияз ярагъ босизе абун цІехани, дир хІисабалда ярагъ букІине ккола гІадамазухъ. Щибниги квешаб жо гьениб дида бихьуларо. Щивав чиясухъ ярагъ бугеб мехалъ гьел гІадамал рикъун, хадур чІван ратиялъул хІужабиги дагьал рукІинаан, щайгурелъул гьезда лъазе букІана бокьарав чиясухъ ярагъ батизе бегьулеблъи ва гьедин бигьаго рикъизе рес гьечІеблъи. Рихьдае тІад ярагъ балеб бугиланги дида абизе кІоларо, щайгурелъул Москваялда гІумру гьабизе хІинкъи буго дагъистаниязе. Федералиял информалатаз лъазабун буго кавказалъулазда хадуб чан гьабиялъул сезон. Гьезул пикруялда гъоркье кколел руго гІадатиял гІадамалги, полицияги, тІалъиги».
МахІачхъалаялъул Къоркъмасовасул къотІноб бугеб «Арбалет» абулеб ярагъ бичулеб тукада хІалтІулев Виталийица бицана ахираб кІиго соналда жаниб цІакъ гІемер гІолилаз травматическияб ва чан гьабиялъул ярагъ босулеб бугин, гьединлъидал багьабиги эхеде рахун ругилан. Аслияб къагІидаялъ босулеб ярагъ букІунин «Сайга» абураб чанахъабазул туманкІ, Гъизляр шагьаралда вацал ХІамзатовал чІван хадуб гьединаб ярагъ бичи кІиго моцІалъ гьоркьоб къотІизабун букІанилан тІадеги жубана Виталийица.
Рагъулав врач, психолог Владимир Феличкиница рикІкІунеб буго ярагъ цІикІкІун бокьулин кавказалъулазе. Амма ярагъ кодоб бугев чиясе кида къадги гьеб хІалтІизабизе бокьизе буго ва такъсир гьабиялде гьесул цІай цІикІкІараб букІине бугилан бицунеб буго гьес.
Жакъа Пачалихъияб Думаялъ хал гьабулеб буго «Яргъил хІакъалъулъ» абураб къануналъул. Гьелда рекъон депутатазул къасд буго ярагъ кьеялда хадуб хъаравуллъи чІезабизе. Гьеб къануналъул рахъ кколареб Либералияб Партиялъул вакилзабаз бицунеб буго халкъалъухъе ярагъ бугел пачалихъазда такъсирал щибаб соналъ дагьлъулел ругин. Мисалалъе депутат Роман Худяковас бицунеб буго Цолъарал штатазда халкъалъухъ ярагъ букІиналъ гьенир такъсиралги дагьлъулел ругин.