Вардавар (арменалъ –Վարդավառ, «Вард» – тIегь, «Вар» - бижи ) некIсияб мажýсиязулаб байрам ГIисал диналъул Армениялда гьанжелъагIан цIунулеб. Гьеб байрам хурхараб буго Астхик абулей лъадал, берцинлъиялъул ва баракаталъул иллагьалда. Гьаб нилъер заманалда арменаз гьеб байрам кIодо гьабулеб буго ГIисал диналъул Пасхаялдаса 14 анкь ун хадуб.