Ссылки для упрощенного доступа

«ЧегIераб сияхIалъул» хIинкъийищ кIудияб пайдайищ?


Россия -- Пачалихъияб Думаялъул данделъи, Москва, 10Июл2012
Россия -- Пачалихъияб Думаялъул данделъи, Москва, 10Июл2012

Ахираб заманалда Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ къабул гьарулел къануназда сверухъ кIудияб ахIи-хIур бахъулеб буго. ГIемерисел блоггераз ва эркенал информациялъул алатаз рикIкIунеб буго гьел къанунал кколин демократиялде данде чIаралин.

Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ 11 июлалда къабул гьабуна гьукъарал сайтазул сияхI гьабизе бихьизабулеб къанун. Къанун ургъарал депутатазул пикруялда рекъон, гьелъ рекъезабулеб буго къануналда данде кколареб, гIумруялъе, сахлъи цIуниялъе ва лъималазе хIинкъи бугеб информациялде нух-рахъ къай. Гьелдаго цадахъ гьеб къануналъ гIуцIулеб буго гьукъараб информация бугел сайтазул хасаб сияхI.

«Цолъараб Россия» партиялдаса депутат ва гьеб къанун ургъаразул цояв Александр Хинштейница рикIкIунеб буго къанун дагьаб тамах гьабун бугин тIоцебе букIаралдаса нахъе, къабул гьабураб къануналда рекъон сайт къалелде цебе, ялъуни хасаб сияхIалде босилалде сайталъул бетIергьанасда тIад къалила гьенисан гьукъараб информация нахъе бахъейилан, цинги интернет-провайдерал тIамула сайт къазе.

Гьез гIинтIамичIони тамихIалде цIала живго сайталъул бетIергьан ва провайдер. Къануналъул рахъ ккуна киналго парламенталъул фракцияз. Амма дандеч Iун руго гIемерисел блоггерал, журналистал ва инсанасул ихтиярал цIунулел идараби. Гьез рикIкIунеб буго гьеб бугин эркенал информациялъул алатазе гъураб къор ва демократиялъе нух къай.

«Эхо Москвы» радиоялъул бетIерав редактор Алексей Венедиктовас жиндирго блоггалда хъвалеб буго гьеб къанун бугин пачалихъалъе ва тIалъиялъе рогьо. Гьес рикIкIунеб буго гьеб къанун къабул гьабиялъул магIна кколин бокьараб жидее данде кколареб интернет-сайт къазабизе рес балагьи.

Цебеккун чан соналъ Путин тIалъиялда вукIаниги гьединал тадбирал рукIинчIо, Путинида дандечIарал митингалги, оппозициялъул рагъа-рачариги цIикIкIараб мехалда гьеб къанун къабул гьабиялъ бицунеб буго демократиялде ва эркенал информациялъул алатазда данде чIараб къанун гьеб букIин абун хъвалеб буго Алексей Венедиктовас.

ДандечIей гIемераб, цоцалъ къеркьолел гIемерал политикиял къуватал ругеб ва гьелда тIадеги изну гьечIого яргъид гIуцIараздагун интиярал цIунулезул дандечIеялъ хIалуцараб Шималияб Кавказалда ва хасаго Дагъистаналда кинаб букIине бугеб гьединал тадбиразул хIасил абураб суалалда тIаса Эркенлъи радиоялъе жиндирго пикру загьир гьабулеб буго Дагъистаналъул гIелмияб централъул социологиялъул бутIаялъул нухмалъулев ГIабдулагатов Заидица.

ГIабдулагъатов Загьид: «ХIисаб гьабуни, гьеб лъикIаб ши букIинаан. Амма, нилъер пачалихъалъул шартIазда къанунги, инсанасул ихтияралги бокьараб къагIидаялъ хIалтIизарулеб мехалда, гьел къанунал хасал къокъабаздехун ялъуни политикиял дандияздехун хIалтIизарулеб мехалда, рехсараб къанун къабул гьаби лъикIаблъун бихьуларо дида.

Гьеб къабул гьабулез гьеб къануналда рекъон нужер ихтиярал хвезаруни диваналде гIарз гьабизе бегьулин абурабго цIехезе бокьилаан, щал гьел диванчагIи, лъил ихтиярал гьез цIунулел, лъица гьел тIамулел хъулухъалда ва лъица кваназарулел? Нилъер шартIазда, инсанасул ихтиярал жибго пачалихъалъги хвезарулеб мехалда гьеб квеш буго.

Гьединаблъун рикIкIуна дица митингазул къанунги. Гьебги хIалтIизабизе буго оппозициялда данде. Дагь-дагьккун демократия гIодоб къазабулеб буго. Демократия цо заманалда коммунизмго гIадин бугилан лъазабураб гIоларо, гьеб букIинеги ккола, гьеб гIуцIизеги ккола. Жидеца гьарурал ишазул жавабчилъи гьечIеб мехалъ пачалихъалъул, гьебги демократиялъе квеш буго.

Шималияб Кавказалъе щиб кьелеб гьеб къануналъ абун цIехани, гьеб лъикIаблъун букIинаан. РакIалда бугищ Мовлади Удуговас интернеталдаса терроризмги экстремизмги бекьулеб букIана нилъер ракьалда. Гьединал сайдазда данде къеркьезе ккола, гьеб гьанжелъагIанги гьабизе кколеб букIана. Нахъойги, нилъер гьаниб тIалъиялъ хвезарулел руго къанунал бищунго гIемер. Гьанир ругел диваназдаги божуларо дун.

Информациялъул алатаз кьолел баяназухъ балагьарабго бихьулеб буго мискинчи гьенив кидаго къолев вукIин. Гьеб къанун къабул гьабулеб буго лъикIал къасдалгун, амма гьезул рагIдукь гIемерал лъикIал гурел ишалги гьаризе руго».

Психолог Марина Мажидовалъ рикIкIунеб буго рехсараб къанун ликIаблъун, гьелъул пикруялда, интернеталда гIемер дандчIвала гIолохъанал, гIумруялде рахинчIел лъималазул психикаялда хъинтIулеб информация.
"Масала, цо сайталда мухIканго бихьизабун бугоян инсанасе живго жинцаго чIвазе бокьани щиб гьабизе кколебали. Дир хIисабалда гьединал сайтазда данде рагъ цебего гьабизе кколаан, гьеб къанун кватIараблъун рикIуна дица",-ян бицана гьелъ Эркенлъи Радиоялъе.

Цо-цо блоггераз ва хасго къватIисел улкабаздаса журналистаз Россия Китаялда релълъинабулеб буго гьеб къанун къабул гьабун хадуб. Financial Times газеталъ хъвалеб буго Россиялъул информационниял алатазул бищунго эркенаб рахъ Путиница кверщаликье бачунеб бугилан. Гьукъарал сайтазда жанире бокьараб мехалъ политикиял сайтал ине бегьулилан рикIкIунеб буго газеталъул гьурмазда.

ГIагараб заманалда къанун хIалтIизе байбихьизи буго, хутIун буго гIицIго Президент Владимир Путиница гъулбас гьабизе.
XS
SM
MD
LG