ГIумруялъул батIи-батIиял рахъаздаса тамашалъизарулеб статистика
Тамашалъизарулеб чанго тарих

1
3 миллиард - доллар- гьеб буго Владимир Путинил цевегосев гьудул Аркадий Ротенбергил компаниялъе Керчалъул лиманалдасан кьо лъезе Россиялъул хIукуматалъ кьураб гIарцул къадар.

2
500 азарго - гьеб буго араб соналда Россия тарал советиял рукIарал республикабаздаса гIадамазул къадар.

3
128 - гьеб буго 7 январалда "Шарли Эбдо" даптаралде данде гьабун букIараб теркаталдаса хадуб Франциялда бусурбабазде данде гьарурал акциязул къадар.

4
10 азарго - гьеб буго Пабло Пикассоца рахъарал ва гьесул лъимадул лъимер Маринае ирсалъе щварал суратазул къадар. Гьелда ракIалда буго гьел цо-цоккун ричизе ва гьезухъ щвараб гIарац рахIмуялъул мурадазе хIалтIизабизе.

5
60 азарго - гьеб буго арал гIодоркъояз къватIире загьир гьарурал HSBC банкалъул документазул къадар. Гьезда бицунеб буго банкалъ жиндирго клиентазе магъалоял кьеялдаса рорчIизе кумек гьабулеб букIараб куцалъул.