Ссылки для упрощенного доступа
Вернуться к основному содержанию
Вернутся к главной навигации
Вернутся к поиску
Рубрики
"Нежелательные"
Новости
Картина дня
Политика
Общество
Экономика
Права человека
Криминал
Мультимедиа
Подкасты
Изгнанные: депортация чеченцев и ингушей
Хроника Кавказа с Вачагаевым
Буденновск
Кавказ.Подкаст
Юг и Кавказ
Адыгея
Астрахань
Волгоград
Дагестан
Ингушетия
Кабардино-Балкария
Карачаево-Черкесия
Кубань
Ростовская область
Северная Осетия
Ставрополье
Чечня
Абхазия (Грузия)
Южная Осетия (Грузия)
В России
В мире
Как обойти блокировку
На чеченском
Присоединяйтесь!
Все сайты РСЕ/РС
Искать
ЧЕЧ
Искать
Предыдущий
Следующий
Новость часа
Радио Эркенлъи (архив)
Дунял цифрабаздагун суратаздалъун
Март 30, 2015
Иллюстрацияздалъун бихьизабулеб дунялалъул статистика
Автор:
Александр Гостев
1
БетIер къачIаялъул 28 тайпа гурони хIалтIизабизе изну кьолеб гьечIо пачалихъалъ Шималияб Кореялда.
2
Россиялъул территориялъул 75 процент буго Азиялда. Амма гьелдаго цадахъ Азиялъул рахъалда гIадамазул 22 проценталъ гурони гIумру гьабун гьечIо.
3
18 видеокамера букIун буго Борис Немцов чIвараб бакIалда сверухъ. Амма гьанжеги гьел камерабаз бахъараб цогIаги видео къватIиб чIвазабун гьечIо.
4
Цебеккунисеб хIисабалда рекъон, 2050 соналде дунялалда гIумру гьабизе буго 9 миллиард чияс. Гьезул 40 проценталъул букIине гьечIо гьекъолеб лъин босулеб даимаб бакI. Гьанже дунялалда гIумру гьабун буго 7 миллиард чияс.
5
1/3: Швециялъул къираллъиялъул хасаб хъулухъалъул пикруялда, Россиялъул дипломатазул бищун дагь босун лъабго бутIаялдаса цо бутIа кколел руго Россиялъул хасал хъулухъазул хIалтIухъаби.
6
2014 соналъул январалдаса гIицIго Москваялда 7 чиясе тамихI гьабун буго пачалихъалъе хияналъи гьабиялъул гIайибги гIунтIизабун.
7
Дунялалъул тIоцебесеб рагъ унеб мехалда ГIусманияб империялъ армяназул депортация гьабийги гIемер чи чIвайги геноцидлъун рикIкIунеб буго дунялалъул 22 пачалихъалъ.
8
Крым Украиналъул ракь букIин къабул гьабулеб Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул резолюция данде араб соналда кьун буго гьаракь дунялалъул халкъалъул 4,5 проценталъ гIумру гьабулеб 11 пачалихъалъ.
9
Пакистаналда 40 миллионов чиясул рес рагIуларо туалетаздаса пайда босизе.
10
Wikileaks сайт гьабурав Джулиан Ассанжица 997 къо бахъун буго Лондоналда бугеб Эквадоралъул вакиллъиялда. Гьенив гьев чIун вуго сексуалияб кьучIвалда Швециялда такъсир гьабиялъе гIоло улкаялде экстрадиция гьабиялдаса хIинкъун.
11
Сириялда 2011 соналда гражданияб рагъ багъариялъе гIоло инсанасул гIумруялъул гьоркьохъеб халалъи къокълъун буго 20 проценталъ.
12
ООНалъул ахирисеб статистикаялда рекъон, тIолабго дунялалда руччабазул 35 процент мукIурлълеб буго жидеда хурхун рукъалъулин абулеб зулму хIехьезе ккун букIиналъе.
13
117 сон тIубана Япониялдаса Мисао Окавае. Гьей официалияб къагIидлаялда рикIкIуней йиго планетаялъул бищунго херай чIужугIаданлъун.
Дунял цифрабаздагун суратаздалъун
XS
SM
MD
LG