9 ноябралда тlубала 25 сон Берлиналъул къед биххаралдаса. Берлиналъул машрикъалъул ва магърибалъул рахъазда гьоркьоб къед базе байбихьун букlана 1961 соналда. 13 августалда ГДРалъул солдатал рачlана Бранденбургалъул кавабазухъе. Кватlичlого байбихьана улка коммунистияб пачалихъ Магърибалъул Берлиналдаса батlатlезабулеб къед базе. Гьелъул халалъи букlана 155 км. 1989 соналъул хасалихъе, ГДРалда кризис лъугьараб мехалда рагьун букlана гьениса доре-нахъе ине нух. Берлиналъул къед биххиялъ лъуна цо ГДРалда гуребги тlолабго Машрикъалъул Европаялда коммунистияб режималъе ахиралъул байбихьи.
Берлиналъул къед бай ва биххи

1
Бернауэр-штрассеялда Берлиналъул къедалъул бутlа балеб 1961 соналъул август. Гьенисан нух къан букlана 13 августалда.

2
Берлиналъул къед. 1961 соналъул 20 ноябрь.

3
Магърибалъул Берлин. Июль 1963

4
Америкаялъул президент Джон Кеннеди "Ich bin ein Berliner" ("Дун берлиналдаса вуго") - абун машгьураб калам гьабулев. Магърибалъул Берлин. 26 июнь 1963 сон.

5
Бранденбургалъул каваби зазихараб кварида нахъа. Июнь 1968

6
Кlибикъараб Берлиналда "Чекпойнт Чарли" абулеб гъурхъи бахунеб бакl. Рии 1968

7
Берлин (1968).

8
Къедалъул магърибияб рахъалда суратал рахъулел рукlана тlолго дунялалдаса художниказ ва туристаз. Лъикl цlунулеб гьелъул машрикъалъул рахъ бацlцlад хутlулеб букlана. (29 апрель 1984).

9
Берлин 1986

10
Бранденбургалъул кавабазда аскlоб Берлиналъул къед биххулеб сордо. 1989 соналъул 9 ноябрь. Гьеб къоялъ рагьун букlана гъурхъи.

11
Гъурхъи рагьи. Берлин, 9 ноябрь 1989

12
Боххараб Берлиналъул халкъ. 10 ноябрь 1989

13
ГДРалда машгьурал "Трабант" автомашинаби Бавариялъул А9 автострадаялда.11 ноябрь 1989

14
ГДРалъул солдаталги берлиналъулалги Подтсдамер-плацалда къедалда тlад. 11 ноябрь1989

15
Къед биххулеб буго. Берлин, Потсдамер-плац, 12 ноябрь 1989