30 соналъ цебе кьвагьараб Чернобылалъул АЭСалъул сверухълъиялда (30 километралъул радиусалда) гIадан чи гьечIо гIумру гьавун. Амма рохьахъ руго гIезегIан лосалги, ритIучIалги, бацIалги, цурдулги, цогидал хIайваналги. ТIадеялдаса тIаде цIикIкIунел ругел гьездалъун бихьулеб буго радиациялъ хIайваназе тIири зарал гьабун гьечIолъи. Гьелъул гIаксалда, гIадамал гьечIого хутIараб гьеб ракь цIидасан нахъе тIалаб гьабизе кIвараблъи.
Чернобылалъул хIайваназул талихI

1
РачIхъахIабин абулеб цIум буго балканалда тIад рещтIун (Белоруссиялъул Дроньки росдада гIагарлъухъ, АЭС кьвагьараб бакI)

2
Белоруссиялъул Оревичи росулъе рачIарал бацIал.

3
БитIахъе камераялъубе балагьун буго (Оревичи росдал рагIалда)Белоруссиялъул чIунтараб Дроньки росдада гIагарлъухъ чIараб лось.

4
Белоруссиялъул чIунтараб Дроньки росдада гIагарлъухъ чIараб лось.

5
Козушки росдал цо минаялъул кIкIуйдул тIалаялда чIараб руз.

6
Хуриб жанисан унеб цер.

7
Рохьосан бекерулеб лось (Белоруссиялъул Бабчин росдада гIагарлъухъ).

8
ЧIунтараб школалъул тIохда чIараб рачIхъахIабин абулеб цIум (Белоруссиялъул Тульговичи росу).

9
Дроньки росдада гIагарлъухъ чIараб зубразул рехьед (гIисинбачалгун).

10
Зубрал

11
Бабчин росдада гIагарлъухъ балканги бихьун рещтIараб цIум.

12
Бабчин росдада гIагарлъухъ балканги бихьун рещтIараб цIум.

13
ГъотIоркIо