Чанго къоялъ цере рачIун чадиралги чIван чIарал гьез чIухь балеб рагIула гIадамазул минабахъ, гьединго жидехъего кIалъа-басай гьабизе ахIулел рагIула жидер щаклъи ккарал гIадал цо-цо чагIиги.
Гьеб тасдикъ гьабулеб буго ЭР-ялъе Балахьуни росдал бегавул Расул МухIамадовасги.
Бегавул Расул МухIамадов: «Жиб-жиб рокъоре рачIун ралагьулел, чIухь балеб бугоха гъоз. Кьвагьдолелги руго. Цо-цо рокъоре гIемер хьвадулел руго. Цо-цо гIадамал рокъор гьечIила гъора, нуцIа рагьулеб гьечIила рукIунаха... Кидаго рокъор чIунги гIадамал рукIинищха? Цо-цо бакIалде кIи-кIи лъаб-лъаб нухалад щолел ругоха. ЦIех-рехалда ругел чагIи ругила анирин абулеб бугоха, щал кинали щибха лъалеб, жидецаго гьабулеб жо гъоз нижеда дандбаларелъул».
Аскарияз абулеб буго низам цIунулез ралагьулел цо-цо чагIазда тIасан щварал баянал ругин жидехъ, гьедин гьел ралагьизе кколин жидеца. Гьедин росулъе рачIунеб бакIалда кIиго гранатаги, гьединго кьвагьизе хIадурараб маххул къалиги батаниланги лъазабуна гьез кIиго къоялъ цебе.
Амма белехьдерица абула аскарияз хадуб халкквей чIезабурал чагIи росулъе гьел рачIинегIан балагьунищин чIолел, жидеего цIодорлъи гьабичIого. Ун ратилинха рахъ-рахъалде, рохьазде.
Балахьунире хасаб операция тIобитIизе рачIунел аскариязул автомобилалъ аварияги гьабун, гIумруялдаса ватIалъун вуго ГIашилтIа росулъа полициялъул хIалтIухъан, полициялъул кIиго лейтенант лъукъун Шамилхъалаялъул азарханаялдаги вуго. Гьедин бицунеб буго Унсоколо мухъалдаса Малачица.
Унсоколоса Малачи: «Рихьуниги Шамилхъалаялдаги гьоркьоб ккун буго авария, гьебги – жидерго гIайибалдалъун. Гьелуъл хIасилалда хун вуго ГIабдулвагьабов Давуд, 27 сон букIана гьесул. ГIашилтIаса ккола гьев. Гьесул эмен цеве милициялъул нухмалъулевлъун вукIана. Полициялъул лейтенантал МухIамадов Шамилги Жамалудинов Жамалудинги Шамилхъалаялда азарханаялда руго».
Гьеб мухъалъул гIадамаз рикIкIунеб буго аскариял Балахьунире хъачагъазда хадур гурел, ургъунго рачIарал чагIи ругин. ЛъагIалил ахирги бугелъул, терроралъул багьанаги батун, пачалихъалъул бюджеталдаса цодагьабниги гIарац тIезабизе щвелародайин хьул батулин гьезул.
Цевехун рехсарав Малачица тасдикъ гьабулеб буго гьеб пикру.
Малачи: «Гьеб пикру загьир гьабулеб буго киналго росабазул гIадамаца. Россиялъул аскариял, гIадамазда бичIчIулеб бугила, лъагIалил ахиралда рачIунила хандакъалги рухъун жидеего рещтIенал гьарулила дора. Цо-кIиго анкьги бан, бюджеталдаса жидеего гIарацги хъвагIан нахъе унила. Гьез цIехолел таксирчагIиги, гъалмагъирчагIиг
Интернеталда гIемер руго Балахьунире аскариял рачIиналда бан дагъистанияз загьир гьарурал пикраби.
Масала: «Щаялиго росу бижаралдаса араб нус-нус соналда жаниб батун букIинчIо гьениб бомба, гьале гьанже полициял рачIингун бихьуларищ ккун бугеб талихI – расги лъачIого бомбаялда тIаде ккун руго гьел!»
«Жидерго росулъа хъачагъал нахъе гъезе жидедагоги кIолеб гьечIо, кIолезеги биччалеб гьечIо».
Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула терроралда данде чIарал хасал операциял тIоритIулел росабазул цояллъун Унсоколо мухъалъул Балахьуниги Генубги росаби кколеллъи. Гьезул гIадамаз рикIкIуна кIиго имамасул – ГъазимухIамадилг
Балахьуни тIобитIулеб бугеб хасаб операциялъул хIакъалъулъ хъвараб баян гьечIо пачалихъиял сайтазда.