Гьенисан бачIараб жавабалда бичIчIизабулеб буго БагIараб майданги кIвар бугел цогидал бакIалги аскIор рукIиналъ Манежалъул майданалда митинг гьабизе бегьуларилан.
Нагагьлъун 26 январалда Москваялда митинг тIобитIизе ихтияр кьечIони, кавказалъулазда ракIалда буго «Гьобол хиралъиялъулги миллияб богогьанлъиялъул
Амма митингалъул бакIалда флеш-моб тIобитIизе бугин абураб жо гьечIин баян гьабуна гьес. Гьеб бугила нагагьлъун митингалъе ихтияр кьечIони, гьеб хисун гьабизесеб тадбир. Чанго къоялъ цебе Москваялъул мэриялде кьураб кагътие бачIараб жавабалда хъван буго Россиялъул президентасул Администрациялда
Цо пикруялда рекъон, Манежалда гуреб, цогидаб бакIалда гьабулеб букIарабани, митингалъе изну кавказалъулазулг
Абакар Абакаров: «Нижее Манежка буго кутакалда къваригIараб бакI. Нижеца рикIкIуна Россиялда миллатаздда гьоркьор лъугьун ругел тунка-гIусиял, дагIба-къец лъугIулин Манежалъул гIаламат хисарабго. Миллатазда гьоркьоб бугеб рокьукълъиялъул гIаламат лъугьун буго гьабсагIаталда гьелъул. Гьеб хисун миллатазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъиялъул гIаламатлъун лъугьине ккола Манежка. Гьеб хисула нижеца доба митинг гьабурабго. Гьениве чан чи вачIаниги ургъелги гьечIо нижеее. Мисалалъе, нижеда абизе бегьула, гьале, гIолохъаби, Манежкаялда митинг гьабизе изну кьелаан нужее, амма нужеца гьениве вакIаризехъин вугев цо млн чи дандекколарохаян
Гьеб митинг тIобитIизе тIаде босарал чагIазе Дагъистаналъул низам цIунулезги квалквалал гьарулел руго. Масала, Абакаровас бицун букIана полициялда рагIулин мегежги рекIинабун, экстремистазда гъорлъ лъураб жиндир сурат. Цогидал хIаракатчагIи – Зухум Зухумовасдаги МухIамад МухIамадовасдаги гъулбасал гьаризарун руго жал Дагъистан тун къватIире инарин абурал кагътазда гъоркь. Амма низам цIунулез гьелъие рачунел руго митингалда хурхинчIел, цогидал гIиллаби.