20 соналъ цебе Абхазиялда ахиралде щвараб рагъул хIаслиалда гьеб республика Гуржистаналда батIалъун, гьениса нус-нус азар гуржияв лъутун ана къватIивехун. 2008 соналда Россиялъ Абхазиялъул лъидаго бачIеблъи къабул гьабуна, гIаммаб къадаралда 150 миллион доллар биччан буго гьелъие. Амма гьелъ кинабгIаги асар гьабичIо гIадатиял гIадамазул гIумруялъе. Гьеб бихьулеб буго Энтони Георгиеффица рахъарал суратазда.
Рехун тараб Абхазия

1
Сухумиялда гьанжеги руго доб рагъул заманалда риххарал гIемерал минаби.

2
Советияб заманалда Сухумиялда бугеб пирсалда рукIана ресторанал ва кафеял. Амма гьале 20 соналда жаниб ЧIегIер ралъдал гьеб берцинаб рагIаллъи чIобогояб буго.

3
Сухумиялъул пирс.БакIалъул гIадамал къасисеб тира-свериялда.

4
Цо-цо статистикиял баяназда рекъон Абхазиялда хIалтIи гьечIолъиялъул даража 80 проценталде бахунеб буго.

5
1992-93 соназул рагъда чIваразул хабзал.Сухумиялъул майдан.

6
Абхазиялъул экономикаялъе 70 проценталде бахунеб хайир кьолеб буго туризмалъ. Щибаб соналъ гьениве Россиялдаса вачIунев вуго миллион гIанасев турист.

7
Сухуми. Автобусаз чIей гьабулеб бакI.

8
Ингури гIор. Гуржистаналда ва Абхазиялда гьоркьоб бугеб кьотIа чIарал руччаби.

9
Гуржистаналъулгун Абхазиялъул гIурхъида бугеб кьотIа Россиялъул 3000-гIан аскарияз патруллъи гьабулеб буго

10
ЦIияб ретIел бихьизабулеб реклама.

11
Сухуми. Гьаб минаялда хIалтIула Apple-компаниялъул бакIалъулаб диллер.

12
Сухумиялъул пирсалда шахматал хIалел.

13
Абхазиялъул Гали шагьаралъул базаралда хIинкъи гьечIолъи цIунулел аскариял.

14
Сухумиялда ва гьелъул сверухълъиялда хьвадулел маршруткаби - гьениб бищун тIибитIизабураб жамгIияб транспорт.

15
Маршруткабазул шоферал къад хIухь бахъулеб мехалда. Гьез ризго тIалаб гьабулеб буго хIалтIухъ мухь цIикIкIинаби.