«Петербургская политика» абураб фондалъ гIуцIараб регионазул нухмалъулезул рейтингалда рекъон, Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов ва Чачаналъул нухмалъулев Рамзан Къадиров рикIкIунел руго тIокIлъиялда жидер хIалтIи гьабулеллъун, щуго баллалъул къимат щун буго гьезие.
Рамзан Къадиров жиндирго регионалда гIадлу гьабулев ва улкаялъул президент Владимир Путиница кверчIвай гьабулев хIисабалда тIадегIанаб къиматалъе мустахIикълъун ватани, Рамазан ГIабдулатIипов гьеб рейтингалда тIадегIанаб бакIалда ккеялъе гIиллалъун бихьулеб буго экспертазда дагьалъ цеве хъулухъалда тIамун вукIин ва добго Владимир Путинил квербакъи.
Гьединго гьесул лъикIал рахъаллъун рикIкIунел руго регионалъул проблемаби ричIчIулев чи вукIин ва цониги политикияб къуватгун конфликталда вукIунгутIи.
Рехсолел руго загIипал рахъалги. Мисалалъе, заманаялъул хъулухъал тIуралесул статус, Дагъистан тIолгороссиялъул информационнияб рейтингалда бищунго хIинкъи бугеб регион хIисабалда лъалеб букIин ва гьединго живго Р. ГIабдулатIиповасул цIияб хъулухъалда гьарурал ракIалда чIолел галаби гьечIолъи. Амма гьел киналго загIипал рахъал хIисабалде росаниги, цIияв регионалъул нухмалъулев цебесеб кьерда вуго рейтингалда.
«Черновик» газеталъул цеве вукIарав бетIерав редактор Бияхъай МухIамадовасул пикруялда рекъон, Р. ГIабдулатIипов рейтингалъул цебесеб кьерда вукIиналъе цоги гIилла буго. Гьеб ккола информалатазда цIияв чи хIисабалда гьесул хIакъалъулъ гIемер бицунеб букIин. Эркенлъи радиоялъе гьес гьадин бицана:
МухIамадов Бияхъай: «КигIанго цIикIкIун регионалъул нухмалъулев информалатазда цеве вахъанагIан, гьесул рейтинг борхулеб буго. Цо-цо нухмалъулев сордо-къоялъ кагътазулъ къан кабинеталдаги хIалтIун, информалатазда цеве вахъунев гьечIони гьесул рейтинг гIодобегIанаб букIине бегьула.
Цеве вукIарав Дагъистаналъул президент МухIамадсалам МухIамадовасул букIана цо хаслъи, гьев рес букIаго информалатазда цеве вахъичIого чIолароан. КъваригIун бугониги, гьечIониги, официалиял информалатаз гьоркьоса къотIичIого гьесул бицунаан, чанцIулго рагьулел заводал, къотIулел лентаби рукIунаан. Регионалъул нухмалъулесе къимат кьолеб буго гIемерисеб мехалъ гьеб хIужаялда балагьун.
Халкъалъ интерес гьабизесеб гIадаб пикругун политик информалатаздаса цевевахъунев вуго ва рейтинг борхулеб буго. Рамазан ГIабдулатIипов цIияв чи вукIиндалги, гьев щибаб къоялъ цIия-цIиял пикрабигун халкъалда цеве вахъунев вуго, информалатаз гьеб кинабго къватIибе кьолеб буго. Гьединлъидал, гьев рейтингалда тIадегIанаб бакIалда вуго».
Рейтингазул цересел кьеразда гурев, Рамазан ГIабдулатIипов батIи-батIиял интернет-годекIабахъги гIахьаллъулев вуго. «Твиттер», «В контакте» ва «Инстаграм» абурал социалиял сайтазда регистрация гьабун буго гьес ва гьенибги бихьизабулеб буго жигарчилъи.
Президентасул Пресс-хъулухъалъ лъазабухъе, Р. ГIабдулатIиповас гьеб гьабун буго жиндиего бокьун, халкъалъулгун, хасго гIолилазулгун гара-чIвари бигьалъизабиялъе гIоло. Дагъистаналъул тIалъи кидаго рагьараб ва халкъалъухъ гIенеккизе хIадурараб букIин бихьизабиялъе гIоло гьабун буго регистрация абун хъвалеб буго «Риа Дагестан» сайталда.
Жиндирго интернет-гьумералда Р. ГIабдулатIиповас хъвалеб буго жиндир хъулухъалъулал ишазул хIакъалъулъ гуреб, эркенаб заман тIобитIулеб куцIалъул хIакъалъулъги. Гьениб бихьизе бегьула президент «Авиаагрегат» абураб заводалде щванин, ва гьелдаго хадуб гIунтIун гьатIан къоялъ волейбол хIалесул сураталги.
Итни къоялъ радал «Твиттералда» президентас хъвалеб буго гьадин: «Ассалам гIалайкум! Жакъаги, кидаго гIадин улкаялъе гIоло хIалтIизе ракIалда буго. Хьул буго нужеца дир рахъ кквеялда ва кIвар бугел масъалаби цере лъеялда!».
Халкъалъ жидерго масъабигун ва суалалгун хитIабал гьаризе хасаб телефоналъул номерги далун буго «Инстарграм» сайталда бугеб Р. ГIабдулатIиповасул интернет-гьумералда.