НАТОялъул генералияв секретарь Йенс Столтенбергица лъазабуна, НАТО-Россия форматалъул данделъи тIобитIиялда хурхун Шималияб Атлантикаялъул альянсалъул гIахьалал рахъаз цIияб къотIи-къай гьабиялъул хIакъалъулъ. Гьесул рагIабазда, гьеб данделъи тIобитIизе ккола 8-9 июлда букIинесеб НАТОялъул улкабазул лидеразул саммиталда цебе.
Столтенбергица лъазабуна, НАТОялъул планалда ругин Россиялъулгун данделъиялъул болжал ва гьелда гьоркьор лъезесел суалал дандразейин. Гьесул пикруялда, гьел консультацияз кумек гьабизе бегьула гьоркьорлъабазул баянлъи ва кIиябго рахъалъул ургъелал рорцIинаризе.
Йенс Столтенбергица гьединаб лъазаби гьабуна Брюсселалда тIобитIараб НАТОялъул улкабазул къватIисел ишазул министразул кIигокъоялъулаб гара-чIвариялъул хIасилал рачунаго.
Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна Россия-НАТО мажлис тIобитIиялда хурхараб хитIаб Москваялъухъе гьанжеги щун гьечIин.
Россиялъулги НАТОялъулги гьоркьорлъаби къотIизарун рукIана 2014 соналъул апрелалда Москваялъ Крымалъул аннексия гьабун хадуб.