Европарламенталъ нахъе бахъана цебе гьоркьоб лъун букIараб Туркиялъулгун виза гьечIеб низам тIад чIезабиялъул суал. Гьадин лъазабуна Бельгиялъул прессалъ.
Европарламенталъул спикер Мартин Шульцица цебе ультиматум загьирабуна – гьеб суал дандбазе бегьулила Анкараялдаса парламенталъ гьабулеб 72 тIалаб тIубазабун хадусала.