ГьатIан къоялъ ГIиракъалда бахъана кIиго кьвагьи – гьелдалъун гIумруялдаса ватIалъана 32 ва лъукъана 70 чи. Гьеб кIиябго кьвагьи бахъана гьоркьоб 45 минут ун хадуб, 400 метраялъ цоцаздаса рикIкIад.
Гьелъул жавабчилъи тIаде босана Россиялдаги цогидал улкабаздаги гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялъ.