Франциялъул Миллияб Ассамблеялъ къабул гьабуна Россиялдаса санкциял рахъиялда бан хIадурараб резолюция. Гьеб документалъул автор ккола Тьерри Мариани – Франциялъул транспорталъул вукIарав министр ва Николя Саркозил партиялдаса депутат.
Миллияб Асамблеялъ гьеб документ къабул гьабуниги, ахирисеб хIукму Брюсселалъ гьабизе ккола.
Гьединго Франциялда ругел цо-цо экспертазул пикруялда рекъон, Россиялдаса гьел санкциял рахъизе ккола Украинаялда ахIвал-хIал рукIалиде бачIун хадуб.