Иргадулал гурел парламенталъул рищиял тIоритIана гьатIан къоялда Сербиялда. ТоххалчагIаз лъазабулеб буго къанунал хвезариялъул кIвар бугеб хIужаби рукIинчIин.
Республикаялъул рищиязул комиссиялъул лъазабиялда рекъон, Сербиялъул парламенталда буго 250 бакI. Гьезухъ къеркьолеб буго 20 партияги коалицияги. Регистрация гьабун букIун буго 3270 кандидатас.
Социалогиял гьикъа-бакъияз бихьизабухъе, гьаркьазул рахъалдаса лидерлъун рагIула гьанже нухмалъиялда бугеб премьер-министр Александр Вучечил Сербиялъул прогрессивияб партия. Гьелъ хIаракат бахъулеб буго хехаб къагIидаялда Евроцолъиялде интергарция гьабизе цадахъго Россиялъулгун партнеразул гьоркьорлъаби хутIизарулаго.