«Панамаялъул досье» баккиялда бан, Европаялъул комиссиялда ракIалда буго кIудиял компаниязул финансазда хурхараб информация къватIиб чIвазабизе.
Офшоразул кумекалдалъун магъалаби кьечIого хутIарал гIарцазда хурхарал документазул миллионал къватIире рорчIун хадуб, Евроцолъиялъул финансазул министраз тасдикъ гьаруна гьединаб практика тIагIинабиялъул тадбирал Амстердамалда тIобитIараб министразул данделъиялда.