Ссылки для упрощенного доступа

Сириялда аэроплан бортизабун буго


Сириялда бортизабун буго хIукуматалъул рагъулаб аэроплан. Гьеб боржунеб букIун буго «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялъ хадуб халкколеб ракьалда тIасан. Гьединлъидал жидеца бортизабунин гьебилан лъазабулеб букIана байбихьуда экстремистазул къокъаялъ. Амма гьеб рахъалъ мухIканлъи гьечIо.

Гьединго, 22 апрелалдаго, ГIизраилалъул "Йедиот Ахранот" абураб газеталъ лъазабуна Сириялда ругел Россиялъул истребителаз жидер аэроплан бортизабуниланги. Амма Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас абуна гьеб кьучI гьчеIеб хабар кколилан.

Гьебго заманалда рузман къоялъ Москваялдаса вуссарав ГIизраилалъул премьер-министр Биньямин Нетаньяхуца журналистазе бицана Россиялъул президент Владимир Путингун дандчIванин жив. Жидеца гьениб дандбанин Ливаналъул шигIиязул ХIизболлагь къокъаялъе Сириялдасан ярагъ баччизе биччаларел ГIизраилалъул рагъухъабазул суал.

XS
SM
MD
LG