Бразилиялъул парламенталъ гьаркьал кьуна улкаялъул президент Дилме Руссефие импичмент лъазабиялъе. Гьанже гьезул сенаталъги гьеб хIукмуялъул рахъккуни, 180 къоялъ хъулухъалдаса гIодой чIезаюла гьей.
Хадуб парламенталъ хал гьабула гьелде гIунтIизарулел гIайибазул. Масала, гьал къоязда Бразилиялда къватIибе бахъараб халкъ рази гьечIоан Дилме Руссефица улкаялъул бюджеталда лъугьараб дефицит балъго гьабиялдаса. Амма президенталъ рикIкIунеб буго гьеб жо оппозициялъ лъолеб бугьтан бугилан.