Арсений Яценюкги нахъе витIун Владимир Гройсман вищун вуго Украинаялъул премьер-министрлъун. Гьесие гьаракь кьуна 257 депутатас. Гройсманил рахъ ккуна Петр Порошенкол блокалъги Народный фронт абулеб багъа-бачариялъги. Владимир Гройсман гьанжелъагIан вукIана Верховная Радаялъул нухмалъулевлъун.