Шамат къоялда Лондоналда жиндирго консервативияб партиялъул данделъиялда кIалъалаго, Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница лъазабуна, жинца кIвар кьун хал гьабизе кколеб букIанин хъизаналъ магъалаби кьеялда хурхарал документазул.
«Панамаялъул документазда» хурхун дунялалъул информалатазда багъарараб ахIи-хIуралъул фоналда, Британиялъуль премьер мукъурлъана жиндирго инсул офшоралъул трасталда бутIа букIараблъиялъе ва хадуб акцияби ричIиялъе.
Кэмеронил оппонетаз ва критиказ гьесда гьерсал рициналъул гIайибал гIунтIизарулел руго. Цо-цояз ахIиял гьарулел руго хъулухъалдаса нахъе иналъул.
«Би-би-си» радиоялъул лъазабиялда рекъон, Лондоналъул централда тIобитIараб протесталъул акциялда г1адамаз премьер-министр хъулухъалдаса нахъе ин тIалаб гьабун буго.