Ссылки для упрощенного доступа

Савченко якъун чΙун йиго


Украинаялъул рагъулай хъулухъчΙужу Надежда Савченкоца якъун чΙей лъазабуна. Лъалеб букΙахъе, Россиялъул журналистал чΙваялъе гΙайибияйлъунги чΙезаюн, туснахъалъуй йиго гьей.

Савченкое къваригΙун буго адвокаталгун яги Украинаялдаса вакилзабигун цадахъ жий Украинаялде йитΙизе. Чанго къоялъ цебе Россиялъул президентасул администрациялъул нухмалъулев Сергей Ивановас лъазабун букΙана Надежда Савченко цогидав туснахъасухъ хисизе рес бугилан. Амма гьединаб хΙукму гΙицΙго россиялъул президентас гьабизе кколеб буго.

XS
SM
MD
LG