Ссылки для упрощенного доступа

Алексей Навальныясда торт речIчIун буго Новосибирскалда


Новосибирскалъул Централияб мухъалъул диваналдаса къватIиве лъугьаравго оппозициялъулав Алексей Навальныясда жал щалали лъаларез речIчIун буго торт. Гьезда хадув векерун вуго живго Навальный, амма гьел кквезе щун гьечIо.

Навальный рехсараб диваналде ахIун вукIун вуго нугI хIисабалда журналистазул хIалтIуе квал-квал гьабиялъул гIайиб жинде гIунтIизабурав ПАРНАС партиялъул гIахьалчи Леонид Волковасул ишалда хурхун.

XS
SM
MD
LG