Ссылки для упрощенного доступа

Надежда Савченкода сверун диваналъул процесс финалалде щолеб буго


Итни къоялда Ростов областалъул Донецк шагьаралда байбихьана Россиялъул журналистал чIваялде хурхен букIиналъул гIайиб гIунтIизабурай Украиналъул пилот Надежда Савченкое къотIулеб тамихIалда цересел кIигокъоялъулал гIенеккиял.

Жибго къотIараб тамихI загьир гьабизе буго талат къоялда.

Прокуратураялъ тIалаб гьабулеб буго Савченкое туснахъалъул 23 сон.

Савченкол адвокатаз лъазабулеб буго, гьелъ киналго гIайибал нахъ чIвалел ругин ва халат бахъинабизе бугин якъун чIеялъул акцияйин.

XS
SM
MD
LG