Ссылки для упрощенного доступа

Казахстаналъул рищиязда бергьана Назарбаевасул партия


Казахстаналъул президент НурсултIан Назарбаевас нухмалъулеб «Нур Отан» абураб политикияб партия бергьана улкаялъул парламенталъул рищиязда. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Казахстаналъул Централияб рищиязул комиссиялъ.

Комиссиялъул статистикаялда рекъон, гьеб партиялъе щун буго гьаркьазул 82-ялдасаги цIикIкIун процент.

Анкьгоялдаса дагьалъ цIикIкIун процентал щибалъе щун буго «Ак жол» ва Халкъияб коммунист партиялъе.

Гьеб кколеб буго Казахстаналъул парламенталъул гъоркьияб палатаялда цебего гIадин гьеб лъабабго партия букIине бугин абураб.

«Нижеца гьадин рикIкIуна: сон тIоритIарал рищиял хIадур гьарун рукIанин эффективияб къагIидаялда. Амма нижеда бихьулеб буго, Казахстаналъ гьанжеги гIемер жо гьабизе кколеб букIин ОБСЕялъул гIорхъабазда демократиял рищиязул тIадеросиял тIуразаризе ккани», - ян лъазабуна итни къоялда ОБСЕялъул рищиязда хадуб хал кквеялъул хасаб къокъаялъул координатор Марриэта Тидеица.

Январалда НурсултIан Назарбаевас биххизабун букIана гьеб палата ва рищиял тIоритIиялъул къо бихьизабуна 20 март. Президентасул рагIабазда, гьединаб гали къваригIун букIана экономикияб ахIвал-хIал хIалуцун букIиналъ ва халкъалъ гьеб галиялъул рахъ кколеб букIин.

XS
SM
MD
LG