Ссылки для упрощенного доступа

Брюссель: "Евроцолъи- Туркия" саммит


Туркиялъул премьер-министр Давудогълу (квегIса) ва Грециялъул премьер-министр Ципрас. Брюссель, 2016 соналъул 18-билеб март.
Туркиялъул премьер-министр Давудогълу (квегIса) ва Грециялъул премьер-министр Ципрас. Брюссель, 2016 соналъул 18-билеб март.

Евроцолъиялъул улкабазул церехъабаз хамиз къоялъ Брюсселалда рагьараб Евроцолъи-Туркия абулеб саммиталда турказул премьер-министр АхIмад Давудолгълуцагун къабул гьабун буго Европаялде мигрантазул чвахиялъе гIурхъи тIамулеб щвалде щвараб план. Гьеб къотIи-къай хIалтIизехъин буго 20-билеб марталдаса байбихьун.

Гьелда цебе Германиялъул канцлер Ангела Меркелица лъазабуна, гьел рукIине ругин бигьаял гурел кIалъа-басаял.

Туркиялъул пачалихъияб тIадегIанаб даражаялъул цо хъулухъчияс саммит байбихьизегIан Reuters агентлъиялъе лъазабуна, АхIмад Давадогъул хиял бугин Туркия Евроцолъиялде гъорлъе жубаялъул суал гьоркьоб лъезе.

XS
SM
MD
LG