Туркиялда ккун вуго лъабго гIалимчи. Гьезде гIунтIизабун буго терроризмалъул пропаганда гьабиялъул гIайиб.
Гьел гIалимчагIи гIахьаллъулаан улкаялъул жанубиябгун-шималияб рахъалда аскарияз гьабулеб рагъулаб операциялде данде тIобитIулеб кампаниялъулъ. Доб мухъалда аслияб къагIидалда курдаз гIумру гьабулеб буго.
Полициялъ гьединго ккуна Британиялъул цо гражданин. Гьев ахIун вукIана махIкамаялде. Доба сурав босун буго. Гьадин лъазабуна Human Rights Watch абулеб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ.