Анкараялда щалали лъаларез теракт гьабун хадусала, Туркиялъул авиациялъ байбихьана гьавадул гьужумал гьаризе ГIиракъалъул шималяб рахъалда ругел курдазул позициязде.
Гьавадул кьабиял гьарун руго Курдистаналъул хIалтIул партиялъул ярагъ-матахI цIунулел бакIазде. Гьеб партия Туркиялда террористикияблъун лъазабун буго.