Эр-Риядалда бугеб КIалъа-басаязул тIадегIанаб комитет абураб Сириялъул аслияб оппозицияб къокъаялъ лъазабуна, жал гIахьаллъизе ругин 14 марталда Женеваялда Сириялъул конфликталда сверун тIоритIизесел ракълилал кIалъа-басаяздайин.
Гьеб комитет чIун буго, улкаялъул букIинесеб нухмалъиялда гъорлъ президент Башар Асадие бакI букIине гьечIин, абун.
Гьелдаго цадахъ Россия, Иран ва гьезул цогидал партнераз абулеб буго Асадил букIинесеб роль чIезабизе кколин тIоритIизесел рищиязин.