РЕН-ТВ телекомпания гIуцIарай Ирена Лесневскаялъ президент Владимир Путин ахIана Россиялъул кIиго журналист хвеялде хурхен бугин абун, диваналда цее чIезаюн йигей Украиналъул пилот Надежда Савченко эркен гьайиялде.
ГьатIан къоялда бахъараб рагьараб кагътида Лесневскаялъ абулеб буго: «Кинабго дунялалда цебе, Росиялъул туснахъалда, тIуянго якъун чIеялъул акцияги лъазабун, холей йиго бихьинчилъи жиндилъ бугей чIужугIадан Надежда Савченко!
Дица гьарулеб буго, дица мун ахIулев вуго инсанасе, християнасе, бихьинчиясе хасиятияб дулъго борчIизабун, гьеб беспредел чIезабиялде ва нахъе тIамичIого Украиналда асирлъиялда ругел Россиялъул рагъулазухъ гьей хисиялде ва дурго буюриялдалъун гьелъие амнистия лъазабиялде! ХIакир гьабуге Россия, гьелъул жиделъ намусги яхIги хутIарал бихьинал, гьелъул офицерал», - ян абулеб буго Лесневскаялъ Путиниде гьабураб хитIабалда.
Надежда Савченко эркен гьайи Россиялдаса тIалаб гьабиялде Европаялъул улкабазул лидерал ахIулеб рагьараб кагътида гъоркь жидерго гъулбасал лъун руго кIинусгоялдасаги цIикIкIун политикиял гIуцIиязул лидерас.