Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байденица телефоналдасаххун гара-чIвари гьабуна Украиналъул президент Петр Порошенкогун ва премьер-министр Арсений Яценюкгун. Вице-президентас кIиявго политик ахIана Украиналъул парламенталъул коалиция гIуцIизе квербакъи гьабиялде ва улкаялда реформаби халат рахъинариялде.
ХъахIаб рукъалъул пресс-хъулухъалъул лъазабиялда рекъон, Байденица кIвар буссинабун буго жамгIияталъул божилъи Украиналъул политиказде нахъе буссинабиялъул кIудияб къварагIел букIиналде. Гьелъиейин, рикIкIунеб буго вице-президентас, къваригIуна политикиял къуватал цолъи ва коррупциялде данде къеркьей къувалъизаби.
Цебесеб къоялда ТIадегIанаб Радаялъ лъазабун букIана нухмалъиялъул коалиция хIакъикъаталдаги биххун букIиналъул хIакъалъулъ. Гьелъие гIиллалъун ккана парламентариязул цолъиялдаса «Самопомощь» ва «Батькивщина» абурал фракцияби нахъе лъугьин.