Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас «ВТБ 24» абураб банкалъул бетIер Михаил Задорнов ахIулев вуго Сочиялда Олипиял хIаязде хIадуриялъе хвезабурабги, регионалъул инфраструктура цебетIезабиялъеги биччараб гIарцида хурхун къосун гутIиялде.
Гьелда цебе Задорновас лъазабун букIана, Сочиялда Олимпиял хIаял тIоритIиялъе триллионгун 500 миллиярад гъурущ хвезабун букIиналъул хIакъалъулъ. Гьел хIаял тIоритIилелда цебе гьединабго къадаралъул бицунеб букIана Алексей Навальныясул Коррупциялде данде къеркьеялъул фондалъги.
ФБКялъул хIисабалда, Сочиялда Олимпиял хIаял тIоритIиялъе кьурал Внешэкономбанкалъул кредитазул къадар бахун буго 249 миллиард гъурщиде, 822 миллиард гъурущ кьун буго улкаялъул бюджеталдаса.