Туркиялъул хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъ ккуна Анкараялда арбагI къоялъ маркIачуда теракт гьабиялъул щаклъи бугев 9 чи.
Туркиялъул информалатазул лъазабиязда рекъон, жибго теракт гьабурав чи кколев рагIула 1992 соналда гьавурав Сириялъул гражданав.
Гьелдаго цадахъ Сириялъул курдаз нахъ чIвалеб буго гьеб теракт гьабиялда хурхарал гIайибал.