Ссылки для упрощенного доступа

Дж. Керри: «Санкциял нахъе рахъун гьечIо»


Украиналъул машрикъалъул рахъалда ахIвал-хIал рукIалиде ккезабиялда хурхун Минскалда гьабураб къотIи-къаялъул шартIал Москваялъ тIуразаричIони, Россиялде данде лъазарурал санкциял халат бахъине буго, ян абуна Мюнхеналда байбихьараб хIинкъи гьечIолъиялъул конференциялда Америкалъул Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица.

Джон Керрица ракIалде щвезабуна, Минскалъул къотIи-къаялда рекъон Россиялда тIадаб бугин Украиналъул машрикъалъул рахъалдасан жиндирго аскариял нахъе рачине.

XS
SM
MD
LG