Борис Немцовасул яс Жаннаца Германиялда къватIибе биччана «Россия борчIизаби» - ян абураб жиндир инсул хIакъалъулъ жинцаго хъхвараб тIехь. ГьабсагIат гьей хIалтIулей йиго Deutsche Welle абулеб агентлъиялда.
Жанна Немцовалъ какулеб буго Владимир Путинил культ кIодо гьабулеб Россиялъул гьанжесеб низамги Россиялъул агрессивияб пропагандаги. Гьелъул рагIабазда рекъон инсанасул ихтитярал хачIго хвезарулеб Россиялъул пресса кколин Россиялъул репрессивияб пачалихъияб низамалъул алатилан.
ГIурус мацIалдаса гьеб тIехь буссинабуна журналист Борис Райтшустерица. Гьеб тIехьалъул цо-цо кескал цIализе бегьула «Новая газета» абулеб оппозиционияб сайталда.