Европалъул шагьаразул къватIахъе аза-азар чи вахъун вукIана шамат къоялда. Гьезда гьоркьор рукIана бусурбабазул улкабаздаса рачIунел мигрантазде данде ругелги, жидер улкабаздаса лъутизе ккараздехун лъикIаб бербалагьи букIине кколин рикIкIунелги. Гьеб кIиго батIияб ахIи гьабулел акциязул гIахьалчагIазул тунка-гIусиял ккана Чехиялда, Даниялда, Франциялда ва Алманиялда.
Мигрантазул рахъккурал активистазулгун тунка-гIуси ккана Прагаялда Алманиялдаса PEGIDA абулеб анти-исламияб багъа-башариялъул гIахьалчагIигун. Копенгагеналда полициялъ ккун вуго гьеб PEGIDAялъул чанго активист. Франуциялъул полициялъ ккун вуго гьезул 10 чи. Алманиялъул Веймар шагьаралда лъукъун вуго неонацистазде данде вахъарав чанго чи.
Гьенив нацистазде данде азаргоялдаса цIикIкIун чи вахъун ватани, радикалазул рахъалда вукIун вуго гIицIго 150-гIан чи.
Бусурбабазде данде бищунго кIудияб демонстрация букIун буго Дрезденалда. Гьелда гIахьаллъун вуго 8000-гIан чи. Гьезие дандечIей гьабулеб букIун буго 3000-гIан бусурбабазул рахъккураз. Гьенир полициялъ тунка-гIусиял риччан гьечIо.