Москваялъ рикIкIунеб буго Сириялда ахIвал-хIал хIалуцинабулеб бугин Россиялъин Лондоналъ чIвалел гIайибал «хIинкъи бугеб дезинформация» бугин.
Сириялда гражданияб рагъ рагIалде бахъинабизелъун Магърибалъ бахъулеб хIаракат жого гуреб бакIалде ккезабулеб бугин Россиялъин абурал Британиялъул къватIисел ишазул министр Филипп Хэммондил рагIабазе гьединаб жаваб кьуна Россиялъул къватIисел ишазул министрлъиялъул вакил Мария Захаровалъ.
Итни къоялда Хэммондица Reutersалъе кьураб интервьюялда абуна Россиялъул авиакьиязул мурад бугин гIицIго президент Башар Асадил рахъкквейин. Гьелъ рачунел ругин экстремистазул позициял щулалъиялде ва, гьесул пикруялда, гьеб регионалдаса лъутулезул къадар цIикIкIиналде. Гьеб кинабго Москваялъ бицунелде дандекколеб гьечIин абуна Хэммондица.
Гьес бицухъе, Россиялъул авиакьабиязул 30 процент гурони ДАГIШ экстремистияб къукъаялъул позициязда щолеб гьечIо ва гьезул аслияб кьаби щолеб буго Асадиде дандечIей гьабулеб оппозициялъул къуватазда.
Москваялъул официалиял баяназда рекъон, Россиялъ авиакьабиял щвезарулел руго Сириялда ругел «террористазул позициязда». Амма рахIмуялъул идарабазул вакилзабаз абулеб буго гьел кьабиязул къурбаналлъун гIадатиял гIадамал кколел ругин.