Ссылки для упрощенного доступа

МВФалъ ва ТIолабго дунялалъул банкалъ кумек гьабизе бегьула Азербайджаналъе


Халкъаздагьоркьосеб валютаялъул фондалъ ва тIолабго дунялалъул банкалъ суал гьоркьоб лъолеб буго нартил багьаби гIодоре ккун раккарал проблемабаздаса борчIизелъун Азербайджаналъе кумек гьабиялъул пакет хIадуриялъул.

Улкаялъул нухмалъиялъул гьариялдалъун Бакуялде рачIарал МВФалъул вакильзаби гьенир хIалтIизе руго 4 февралалде щвезегIан.

Британиялъул Financial Times газеталъ арбагI къоялъ лъазабухъе, Халкъаздагьоркьосеб валютаялъул фондалъ ва ТIолабго дунялалъул банкалъ гьоркьоб лъолеб буго Азербайджаналъе ункъго миллиард доллар кьеялъул суал. Жалго халкъаздагьоркьосел финансазул институтаз инкар гьабулеб буго гIарцул къадар мухIканлъизабизе.

Азербайджаналъул миллияб валюта – манаталъул къимат хун хадуб, улкаялда унел руго гIемер гIадамал гIахьаллъарал протесталъул митингал.

XS
SM
MD
LG