Буркина-Фасоялъул тахшагьар Уагадугуялда рагIалде бахъун буго цебесеб сордоялъ яргъидгIуцIараз кверде босун букIараб петер эркен гьaбиялъул операция. Эркен гьавун вуго гьез гъоркьлъалие восун вукIарав 126 чи. ЧIван вуго тIадекIанцIи гьабуразул лъабгояв. Буркина-Фасоялъул тIалъиялъ лъазабуна шамат къоялда Франциялъул хасал аскаразул кумекалдалъун хIукуматалъул къуватаз эркен гьабунин Splendid абулеб петерин. France-Presse-лъул баяназда рекъон, гьеб тIадекIанцIиялъул хIасилалда хун вуго 18 улкаялдаса 23 чи ва жеги лъукъун вуго 33 чи. Гьеб гьужумалъул жавабчилъи тIаде босун буго «Магърибалъул исламияб улкабазда Аль-КъагIида» абулеб экстремистияб къукъаялъ.