Ссылки для упрощенного доступа

Ставропольеялда хвезабун буго Туркиялдаса рачIарал мандариназул 200 килограмм


Россельхозназоралъул Ставрополь краялъул идараялъ хвезабун буго Туркиялдаса рачIарал мандариназул 200 килограмм. Гьеб батун буго Железноводск шагьаралда аскIоб бугеб Иноземцевоялъул дармил комплексалда.

28 ноябралда Россиялъул президент Владимир Путиница жинидрго виза лъураб документалда рекъон, гьаб соналъул I январалдаса гьукъараб буго Туркиялъул тIощел, пихъ, гьан, тугьдул, цIам Россиялда бичизе.

КIиябго рахъалъул гьоркьорлъаби хвана 24 ноябралда Туркиялъул рагъулаз Россиялъул Су-24 аэроплан Сириялъулгун гIорхъада бортизабун хадуб.

XS
SM
MD
LG