Гьединаб пикру загьир гьабулеб кагъат Ираналъул КъватIисел ишазул министр Джавад Зарифица Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ги Мунихъе битIараб кагътида.
Гьелда гьединго абулеб буго Тегераналъул гьечIин мурад регионалда хIалуциналъул даража тIаде иналъулин. Гьебго заманалда СагIудиязул ГIарабиялъ Ираналда хурхун тIиритIизарулел ругин «гIантал» харбалин ва гIахаллъулеб бугин хIинкъи бугел провокацияздайин.
Зарифица кIвар буссинабулеб буго, гьеб Тегераналъ жиндирго ядерияб программаялда хурхун халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъулгун къотIи-къай гьабун хадуб загьирлъулеб букIиналде. Ираналъул дипломатас магIна буссинабулеб буго Эр-Риядалъ гьеб халкъаздагьоркьосеб къотIи-къай габунгутIиялъе хIаракат бахъун букIиналде.