Армениялъул Гюмри шагьаралда Аветисянил хъизаналъул анкьго чи чIваялъул гIайиб гIунтIизабулев Россиялъул рагъулав Валерий Пермяковасда тIад диваналъул процес байбихьун буго Армениялда бугеб Россиялъул рагъулаб базаялда. Диваналъул процесс гьениб тIобитIулеб букIиналда жал рази гьечIин, лъазабулеб буго чIваразул гIагарлъиялъ. Гьел божулел гьечIо гьеб такъсир гIицIго живго Валерий Пермяковас гьабун букIиналда.
Августалда Гюмриялда бугеб рагъулазул базаялъул гарнизоналъул диваналъ гьесие къотIун букIана 10 соналъул туснахъалъул тамихI.
Аветисянил хъизан, гьездаго гъорлъ кIиго гьитIинаб лъимерги, чIвана гьаб соналъул 12 январалда. Такъсириял ишал рагьана Россиялъулги Армениялъулги рахъаз. Валерий Пермяков мукIурлъун вуго жиндего гIунтIизарурал гIайибазда.