Евроцолъиялъул лидераз хIукму гьабуна ракьдатIасал ва ралъдал гIорхъаби цIуниялъул Европаялъул блокалъул хасал къуватал гIуцIизе.
Гьединаб хIукмуялде гьел рачIун руго Брюсселалда тIобитIулеб саммиталда. Гьеб проекталъул деталал мухIканлъиризе кколел руго хадусеб соналъул июнь-июлалде щвелелде.
Данделъиялда абулеб букIана ГIагараб Машрикъалдасаги Африкаялдасаги Европаялде рачIунел мигрантазул читIиралъе гIорхъаби чIезариялъе цере лъазарун рукIарал тадбирал щвалде щун тIуразариялъул къварагIелалъулги.
Европаялъул улкабазул лидеразул цояз, мисалалъе, Грециялъул премьер-министр Алексис Ципрасица бичIинабуна, улкабазул тIалъиялъул изну гьечIего, жидер территориялде гIорхъаби цIунулезул къуватал рачIиналъул рес къотIи-къаялда бихьизабун букIин, ракIалъе гIолеб гьечIеблъи.
Гьаб соналъул байбихьиялдаса Европаялъул улкабазде рехсарал регионаздаса вачIана миллионалдаса цIикIкIун мигрант.