Россиялъул тIоцевесев вице-премьер Игорь Шуваловас лъазабуна Туркиялде хIухьбахъи гьабизе унезе ричулел нухлулал документал кьей хъващтIан чIезабулеб бугин ва гьенир ругел туристал нахъе рачун лъугIараб мехалда гьенире чартеразул рорженалги чIезе тезе ругин.
Премьер-министр Дмитрий Медведевас лъазабуна итни къоялда Туркиялда сверун санкциял дагьалги гIатIид гьаризе рес бугин. Нахъе бахъун буго Россиягун-Туркиялъул цадахърекъон хIалтIиялъул абун лъазабун букIараб сонги.
Туркиялда тIад Россиялъул Су-24 кьвагьизабуралъухъ жавабиял тадбирал хIисабалда Анкараялде данде Россиялъ санкициял гьазаризе байбихьана 28 ноябралда.