Ссылки для упрощенного доступа

Украиналъ инкар гьабулеб буго Россиялъул газалдаса


Украиналъул хIукуматалъ буюри гьабун буго Россиялъул газ бичун боси чIезабиялъул. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна арбагI къоялда премьер-министр Арсений Яценюкица минстразул кабинеталъул данделъиялда.

Гьединаб хIукму Яценюкица хурхинабуна Европаялъул партнеразул багьа Россиялъулалдаса гIуралъ учузаб букIиналда.

Гьелда цебе «Газпромалъул» бетIер Алексей Миллерица лъазабун букIана, компаниялъ Украиналъе газ бичи гьоркьоб къотIизабулеб бугин, жиндихъ гIарац кьураб газалъул къадар гьелъ босун букIиналда ва цIиялъухъ гIарац кьун гьечIолъиялда банин.

Яценюкица абун буго, «гьез гурин нилъее газ бичичIого толеб бугеб, нилъеца гьезул газ босулеб гьечIин».

XS
SM
MD
LG