Итни къоялда Россиялъул президент Владимир Путиница Тегераналда кIалъа-басаял тIоритIана Ираналъул ТIадегIанав лидер ГIали Хаменеилгун.
Кремлалъул пресс-секретарь Дмитрий Песковас гьеб гара-чIвариялъе къимат кьолаго абуна, гьеб букIанин «конструктивияб» ва Москвагун Тегеран данде ругин « Сириялда ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъул къватIисан политикиял къагIидаби рилъанхъизаризе гьарулел хIалбихьиялдейин».
Россия ва Иран ккола Сириялда 2012 соналдаса унеб гражданияб рагъалда президент Башар Асадил рахъ кколел аслиял партнерал.