ГIизраилалъул хIукуматалъ гьукъана «Исламияб багъа-бачариялъул» квегIаб гIаркьелалъул хIаракатчилъи. Нагагьлъун рехсараб партиялъул вакилзабаз жидерго хIаракатчилъи халат бахъани, гьел кквезе ругин лъазабуна тIадтараз.
Рехсараб партиялде гIунтIизабун буго зулму бижизабиялъул ва Къудс ай Иерусалим шагьаралъул статус хисизе къасд гьабиялъул гIайиб.