Анталиялда аскIобегIан бугеб Туркиялъул Белек шагьаралда рагьана «G20» саммит. ГIадатияб куцалда гьенир рорхулел экономикиял суалазда цадахъго гьениб гьоркьоб лъолеб буго терроризмгун цадахъ рекъон къеркьезе ккеялъул ва жидер улкабаздаса лъутаразе гуманитарияб кумек гьабиялъул суалал.
Парижалда ккараб трагедия гIадахъ босун, нахъе бахъун буго гьениб кьезе букIараб концерт ва гьаризе рукIарал цоги рохалилал тадбирал.