Ссылки для упрощенного доступа

Бейруталда терактазда хун вуго 37 чи


«Исламияб пачалихъ» экстремистияб къукъаялъ тIаде босун буго рузман къоялда Бейруталда (Ливан) терактал гьариялъул жавабчилъи. Гьез гьединаб баян кьолеб буго социалияб сайталда.

Ливаналъул тахшагьаралда жалго чIвалез гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго 40 гIан чи, лъукъун вуго 180. Кьвагьиял гьарун руго дармил централде ва мажгиталде жанире унеб бакIазда.

Мадугьалихъ бугеб Сириялда ункъго соналъ рагъ унеб букIиналъ Ливаналда цIикIкIун руго зулмуялъул актал.

XS
SM
MD
LG